ПАТИМАТ АЛИЕВА - РАМАДАН

- Скачано: 416
- Размер файла: 9.05 MB
- Длительность: 3:57
- Качество: 320 kbps
- Дата релиза: 03 апрель 2022
Скачать
ПАТИМАТ АЛИЕВА - РАМАДАН
Скачать песню ПАТИМАТ АЛИЕВА - РАМАДАН mp3. Длительность: 3:57, размер: 9.05 мб, качество: 320 кбпс бесплатно или слушать музыку онлайн
Текст песни
Марх!аба лъик! щвараб, шагьру Рамазан
Марх!аба лъик! щвараб, умматалъул моц!
Марх!аба лъик! швараб, лъик!лъабазул моц!
Ц!илъараб батайги уммат бохизе
Алжаналъул мах!алъ дуниял ц!олеб,
Ц!ер г!адин ниг!матал т!аде чвахулеб,
Чурхдул Аллагьасул ц!обаз лъалъалел,
Лъик! щвараб Рамазан, Альх!амдулиллагь .
Щвараб г!оралъ т!аса мунагь чурулеб,
Чурхдул рац!ад гьарун рохизарулеб,
Ихдал гъут!бузда т!ад т!егьг!ан г!емераб,
Баркат бет!ергьанас бикьун кьолеб моц!.
Лайлатул сордоги ахираб анц!илъ,
Бахчун бугин абун бицен гьабулеб,
Гьел сардаз рикьулел жазаиталги,
Тавбу гьабуразе щолин бицунеб.
Бичас какилъ бугеб цо-цо суждадухъ,
Азариде бахун кири хъвалеб моц!,
Цо лъик!лъи, Аллагьас камилги гьабун,
Лъабкъойилъе бахун г!емерлъулеб моц! .
Чанги ресал руго Бет!ергьанас кьун
Мух!амадил уммат хвасарлъиялъе
Хвасарлъи бокьараз тавбу гьабила
Таравих! бан ,к!ал ккун моц! т!обит!ила
Мунагь-хат!а чури т!алаб гьабила,
Т!агьаясде гьардон сардал рорч!ила,
Ч!орого нилъее щолел ниг!матал,
Х!абисасде х!елун, т!алаб гьарила.
Навсалъ чангит базе черх теч!онани,
Тавбу г!емер гьабун маг!у т!унани,
Г!инги, берги, мац!ги бац!ад ц!унани,
Ц!унилин хьул буго Бет!ергьанасде.
Нафсул-аммараталъ ах!иялдаса,
Аллагь, Дуца ц!уне т!олабго уммат,
Т!олалго мунагьал т!асаги чурун,
Раче, Бечед, дуца алжаналъуре ...
Марх!аба лъик! щвараб, умматалъул моц!
Марх!аба лъик! швараб, лъик!лъабазул моц!
Ц!илъараб батайги уммат бохизе
Алжаналъул мах!алъ дуниял ц!олеб,
Ц!ер г!адин ниг!матал т!аде чвахулеб,
Чурхдул Аллагьасул ц!обаз лъалъалел,
Лъик! щвараб Рамазан, Альх!амдулиллагь .
Щвараб г!оралъ т!аса мунагь чурулеб,
Чурхдул рац!ад гьарун рохизарулеб,
Ихдал гъут!бузда т!ад т!егьг!ан г!емераб,
Баркат бет!ергьанас бикьун кьолеб моц!.
Лайлатул сордоги ахираб анц!илъ,
Бахчун бугин абун бицен гьабулеб,
Гьел сардаз рикьулел жазаиталги,
Тавбу гьабуразе щолин бицунеб.
Бичас какилъ бугеб цо-цо суждадухъ,
Азариде бахун кири хъвалеб моц!,
Цо лъик!лъи, Аллагьас камилги гьабун,
Лъабкъойилъе бахун г!емерлъулеб моц! .
Чанги ресал руго Бет!ергьанас кьун
Мух!амадил уммат хвасарлъиялъе
Хвасарлъи бокьараз тавбу гьабила
Таравих! бан ,к!ал ккун моц! т!обит!ила
Мунагь-хат!а чури т!алаб гьабила,
Т!агьаясде гьардон сардал рорч!ила,
Ч!орого нилъее щолел ниг!матал,
Х!абисасде х!елун, т!алаб гьарила.
Навсалъ чангит базе черх теч!онани,
Тавбу г!емер гьабун маг!у т!унани,
Г!инги, берги, мац!ги бац!ад ц!унани,
Ц!унилин хьул буго Бет!ергьанасде.
Нафсул-аммараталъ ах!иялдаса,
Аллагь, Дуца ц!уне т!олабго уммат,
Т!олалго мунагьал т!асаги чурун,
Раче, Бечед, дуца алжаналъуре ...